Хъизаналъул хинлъиги къиматги к1одолъиги кинабго жаниб бессараб дандеруссин гьаб нухалъ г1уц1ун бук1ана Гъуниб районалъул маданияталъулгун х1ухьбахъиялъул централъ берцинаб ва санаг1атаб Салт1а росдал маданияталъул к1алг1аялда жаниб. Хъизаналъул къоялъул х1урматалда рач1ун рук1ана г1исиналги ч1ах1иялги. Районалъул руччабазул советалъул председатель , маданияталъулгун х1ухьбахъиялъул централъул директор Пат1имат Абакаровагун цадахъ щвана районалъул г1умруялда лъик1аб даражаялда вугев Салт1аса Ах1мадханов Х1ажих1махъе рокъореги.
Аслияб сух1матги маг1наял к1алъаялги рук1ана сулдерил к1алг1аялда. Цере рахъаразда гьоркьор рук1ана Пат1имат Абакарова, росдал бегавул Шамил Каримов, шагьаралдаса хас гьабун вач1арав жамг1ияв х1аракатчи Мух1амад Ибрагьимов.
Рук1ана маг1наял, г1енеккарал гьарулел Салт1а, Сугъралъ, Ч1охъ ва цогидалги росабазул культураялъул х1аракатчаг1азул цере рахъинал. Районалъул бет1ер Расул Х1усеновасул ц1аралдасан П. Абакаровалъ к1одо гьаруна цо цо СВОялъулги цогидалги хъизанал.